Иеговал НугIзазул официалияб веб-сайт

Баибихьуда Beliefs Future Medical Topics Contact Us Publications Languages

Бокьилищ нужее
бищун кIвар бугел
суалазе ритIухъал
жавабал щвезе?

РИТIУХЪАЛ жавабал сундул хIакъалъулъ? Цебегоялдаса нахъе гIадамазул ракIазе асар гьабулел суалазул хIакъалъулъ. Нужецаги кьолел рукIун ратила нужеего гьадинал суалал:

Нужер пикруялда рекъон, кир цIехезе кколел гьел суалазе жавабал? Библиотекабазда ва тIахьазул тукабазда нужеда ратила аза-азар тIахьал. Гьезул автораз ракIчIун хъвалеб буго, гьел суалазе жавабал жидеда лъалилан. Амма гIемерисеб мехалъ цо тIехьалда бугеб пикру цогидалда данде кколаро. Жакъа нилъеда цо-цо тIахьазда ритIарал пикраби хъван ругилан ккола, амма заман ун хадуб, гьел басралъун ратула. ЦIиял тIахьазда гьел пикраби цогидаз хисун ратула.

Гьедин букIаниги буго цо тIехь, тIубан нилъ божизе бегьулеб. Гьеб тIехьалъ нилъ къосинаруларо. Аллагьасе гьари-дугIа гьабулеб мехалъ ГIиса аварагас гьал рагIаби абуна: «Дур рагIи ритIухъаб буго» — ян (Иоанница хъвараб рохалил хабар 17:17). Жакъа Аллагьасул Калам лъала Таврат, Забур, Инжил абурал цIаразда гъоркь. Хадусел гьумерал цIалани, нужее швела Аллагьасул Каламалдаса къокъал, амма якъинал ва ритIухъал жавабал тIад рехсарал суалазе.

Аллагьасе нилъ рокьуладай?

Халкъалда гьоркьов вугев чи

ЩАЙ КЬЕЗЕ ККАРАБ ГЬЕДИНАБ СУАЛ? Нилъеца гIумро гьабулеб буго гурхIел ва ритIухълъи гьечIолъиялъ цIураб дунялалда. ГIемерисел диназ малълъула, нилъер къварилъаби — гьеб Аллагьасул амру-нагью бугилан.

ЩИБ МАЛЪЛЪУЛЕБ АЛЛАГЬАСУЛ КАЛАМАЛЪ? Аллагьас киданиги инсанасе зарар гьабуларо. «Нилъ рокьулев Аллагьас квещлъи гьабуларо, ва ХIалкIолев БетIергьанас битIараб гьечIеб иш билълъанхъизабуларо» — ян абулеб буго ГIаюб аварагасул хIакъалъулъ тIехьалда (ГIаюб 34:10). БетIергьанасе гIадамал рокьула, ва гьесул мурад буго нилъее цIакъ лъикIаб букIинесеб гIуцIизе. Гьединлъидал ГIиса МасихIица нилъеда малълъулеб буго Аллагьасда гьаризе: «Зобалазда тIад вугев нижер эмен... Дур ПарччахIлъи тIаде щвеги. Зобалазда тIад гIадин, ракьалдаги дур мурад тIубайги» (Матфейица хъвараб рохалил хабар 6:9, 10). ЦIоб кIудияв БетIергьанас нилъер кутакалда тIалаб гьабула. Жиндирго гьеб мурад тIубазе гIоло, Аллагьас гIемераб захIмалъи хIеккезе ккана (Иоанница хъвараб рохалил хабар 3:16).

Балагье гьединго 1 Мусал тIехь 1:26—28; Якъубил кагъат 1:13 ва 1 Петрил кагъат 5:6, 7.

Рагъазе ва къварилъабазе ахир бачIинадай?

Рагъухъаби

ЩАЙ КЬЕЗЕ ККАРАБ ГЬЕДИНАБ СУАЛ? Рагъаз росун унел руго гIемерал гIадамазул гIумруял. Нилъеда яги нилъер гIагарал-божаразда гьоркьов гIазаб-гIакъуба бихьичIев чи ватиларо.

ЩИБ МАЛЪЛЪУЛЕБ АЛЛАГЬАСУЛ КАЛАМАЛЪ? ХIалкIолев БетIергьанас абулеб буго, жинца тIолго дунялалдаго рекъел чIезабураб заман бачIине бугилан. Аллагьасул ПарччахIлъи — Зобалазул хIукумат тIаде щвараб мехалъ, гIадамал тIокIалъ рагъизе ругьунлъизе гьечо. Гьелъул гIаксалда, гьез «хвалчабазул махх бацIун пуруцал гьаризе руго» (Ишаял тIехь 2:4). ХIалкIолев Аллагьас тIагIинабизе буго ритIухълъи гьечIолъи ва гIакъуба-гIазаб. Инжилалъ рагIи кьолеб буго: «БацIцIина Аллагьас гьезул бадиса кинаб бугониги магIу, букIине гьечIо тIокIалъ хвел, я гIоди, я угьди, я унти... Цебе букIараб къварилъи тIагIине буго» (БукIинесеб загьирлъи 21:4).

Балагье гьединго Забур 37:10, 11; 46:9 ва Михеица хъвараб тIехь 4:1—4.

Щиб букIунеб нилъ холеб мехалъ?

Хабал

ЩАЙ КЬЕЗЕ ККАРАБ ГЬЕДИНАБ СУАЛ? ГIемерисел диназ малълъула, хун хадуб цо кинабалиго инсанасул бутIаялъ гIумру гьабулилан. Цо-цоял божула хвараз чIагоязе зарар гьабиялда. Гьез абула, мунапикъзаби Аллагьас тамихI гьабун, абадияб гIазабалъе жужжахIалде ритIулилан.

ЩИБ МАЛЪЛЪУЛЕБ АЛЛАГЬАСУЛ КАЛАМАЛЪ? Инсан хвараб мехалъ, гьес хадуб гIумро гьабуларо. «Хваразда щибго жо лъаларо» — ян хъван буго Экклезисаст 9:5. Хваразда щибго жо лъаларелъул, гьезул черхалъе сунцаго асар гьабуларо, ва гьезда кIоларо чIагоязе я зарар, я кумек гьабизеги. (Забур 146:3, 4).

Балагье гьединго 1 Мусал тIехь 3:19 ва Экклезиаст 9:6, 10.

Хварал гIадамаз гIумро гьабуладай?

ГIагарав чи хун пашманлъараб лъимер

ЩАЙ КЬЕЗЕ ККАРАБ ГЬЕДИНАБ СУАЛ? Нилъее бокьилаан гIагарал-божараз нилъеда цадахъ рохалида гIумру гьабизе. БукIине кколеб жо буго, хварал гIагарал чагIи рихьизе рокьи.

ЩИБ МАЛЪЛЪУЛЕБ АЛЛАГЬАСУЛ КАЛАМАЛЪ? ГIемерисел хварал чагIи тIаде рахъине гьаризе руго. ГIиса аварагас абулеб букIана: «Киналго хабалазулъ ругелщинал тIаде рахъинаризе руго» — ян (Иоанница хъвараб рохалил хабар 5:28, 29). Хун хадур тIаде рахъинарурал гIадамазе рес щвела ракь бижизабуралдасаго Аллагьас ургъараб алжананалда гIумру гьабизе (Лукаца хъвараб рохалил хабар 23:43). Гьеб гуребги, Аллагьасе мутIигIал гIадамазе щвела камилаб сахлъи, гьез даимго гIумруги гьабила. Забур тIехьалда хъван буго: «Ракь ирсалъе щвезе буго муъминзабазе, ва гьез гьениб даимго гIумру гьабизеги буго» — ян (Забур 37:29).

Балагье гьединго ГIаюб 14:14, 15; Лукаца хъвараб рохалил хабар 7:11—17 ва Чапарзабазул ишал 24:15.

Аллагьасда нилъ рагIизе бокьани, кин гьари-дугIа гьабизе кколеб?

Гьари-дугIа гьабулев чи

ЩАЙ КЬЕЗЕ ККАРАБ ГЬЕДИНАБ СУАЛ? Гьари-дугIа гьабула киналго диназул рахъ ккурал гIадамаз, амма гIемерисезул гьари-дугIаял жаваб щвечIого хутIула.

ЩИБ МАЛЪЛЪУЛЕБ АЛЛАГЬАСУЛ КАЛАМАЛЪ? ГIиса МасихIица малълъулеб букIана Аллагьасде гьариязулъ рекIехъе лъазарурал рагIаби гIемер такрар гьаругеян. «Гьари-дугIа гьабулаго цого цо жо такрар гьабуге»,— ян абулеб букIана гьес. (Матфеица хъвараб рохалил хабар 6:7). Аллагьасда нилъ рагIизе бокьани, гьари-дугIа гьабизе ккола гьесие бокьараб къагIидаялда. Гьелъие гIоло, чара гьечIеблъун буго лъазе, кинал гьари-дугIаязухъ гьев гIенеккулев ва гьелда рекъон тIагIат гьабизе ккола. 1 Иоаннил кагъгида 5:14 хъван буго «Щиб нилъеца гьесул разилъиялда рекъон гьараниги, гьеб гьесда рагIула» — ян.

Балагье гьединго Забур 65:2; Иоанница хъвараб рохалил хабар 14:6, 14 ва 1 Иоаннил кагъат 3:22.

Кин батизе бегьулеб гIумруялда жаниб талихI?

Аллагьасул Калам цIалун талихI балагьулей чIужугIадан

ЩАЙ КЬЕЗЕ ККАРАБ ГЬЕДИНАБ СУАЛ? ГIемерисел гIадамаз талихIалъул кIул — гIарац, машгьурлъи ва берцинлъи бугилан рикIкIуна. ТIолабго рухIалъ гьез жигар бахъула гьеб кинабго щвезебизе, ва амма гьезда талихI батуларо.

ЩИБ МАЛЪЛЪУЛЕБ АЛЛАГЬАСУЛ КАЛАМАЛЪ? Унго-унгояб талихI сунда бараб букIин бихьизабуна ГIиса МасихIица. Гьес абуна: «Гьардарал гурищ Аллагьасул хIакъалъулъ лъай щвезе гъира бугелшинал» (Матфеица хъвараб рохалил хабар 5:3). Унго-унгояб талихI батизе бегьула нилъеца тIубазабуни гIицIго бищун кIвар тIадегIанаб къваригIел — Аллагьасул хIакъалъулъ лъай ва гьесул нилъер рахъалъ бугеб мурад лъазабуни. Гьеб хIакъикъат буго Аллагьасул Каламалда. Гьеб битIараб лъараб мехалъ, нилъеда кIвезе буго бичIчIизе, щиб гIумруялда бищун аслияб бугеб, щиб гьечIеб. Цинги битIараб хIукмуги къотIун, нилъ Илагьиял ТIахьазул хIакъикъаталда рекъон хьвадани, нилъер гIумро магIна бугеб лъугьина (Лукаца хъвараб рохалил хабар 11:28)

Балагье гьединго Притчби 3:5, 6, 13—18 ва 1 Тимофеихъе 6:9, 10.

Нижеца гIицIго къокъго хал гьабуна Аллагьасул Каламалдаса анлъго суалалъул. Бокьилищ нужее цIикIкIун лъазе? Узухъда, нуж рухIаниял хIажатал цIикIкIарал ратани. Нужее лъазе бокьун букIине бегьула, щай цIоб кIудияв Аллагьас гьадигIан гIемер гIакъуба ва къварилъи биччалебали? Хъизамалъул гIумруялда жаниб кин талихI батизе бегьулеб? Таврат, Забур, Инжил тIахьаз кьолел руго якъинал жавабал гьел ва гьел гурелги цогидал суалазе.

Ва амма жакъа гIемерисез Таврат, Забур, Инжил тIахьал цIалуларо, щай гурелъул гьел гьезда лъаларелъул. Бокьилиш нужее кумек швезе гьел тIахьазда нужер суалазе жавабал ратизе? Иеговал НугIзаз цебе льолеб буго бищизе кIиго нужее кумек гьабизе кIолеб къагIида.

ТIоцебесеб — гьеб брошюра «Дуда кIвезе бегьула Аллагьасул гьудуллъун вукIине!» Гьеб буго Аллагьасул Каламалдаса кIвар бугел суалазе жавабал ратизе кумек гьабулеб брошюра. КIиабилеб — мухь кьечIого Таврат, Забур, Инжил тIахьаздаса лъай щвезаби. Нужеда аскIор гIумру гьабулел Иеговал НугIзал рачIине бегьула нужер рукъор щибаб анкьалъ яги нужее санагIатаб бакIалде дагь-дагьккун Аллагьасул Каламалъул хIакъалъулъ гара-чIвари гьабизе. Чанги миллионал гIадамазе кумек лъугьана гьединаб къагIидаялъ щвараб лъаялдаса. Гьезда гьоркьосан гIемерисезда гьанже ракIчIун абизе кIола «Дида хIакъикъат батана!».

Аллагьасул хIакъалъалъулъ лъай — гьеб къимат тIокIаб хазина буго. Гьелъ нилъ эркен гьарула гьересиял божилъияздаса, лъайгьечIолъиялдаса ва гIазаб кьолеб хIинкъиялдаса. Гьелъ кумек гьабула цIунизе: божилъи, рохел ва гIумрудул магIна. ГIиса аварагас абуна: «Нужеда хIакъикъат лъазе буго, ва хIакъикъаталъ нуж эркен гьаризе руго» (Иоанница хъвараб рохалил хабар 8:32).

1. Бихьинчияс Библиялдаса лъаищвезе забулеб буго; 2. ЧIужу паданалъ Библиялдаса лъай босулеб буго

Печаталда бахъана 2008 соналъ

Ахиралда